Исламияб календарь
From Wikipedia, the free encyclopedia
Исламияб календарь, байбихьана Маккаялдаса Мадинаялде МухIаммад аварагас (с.т.гI.в.) гьижра гьабураб къоялдаса (бакъулаб календаралъул 622 соналъул 21 сентябрь).
Исламияб календарь хIалтIизабизе байбихьун буго ритIухъав халиф ХатIтIабил ГIумарил (р. гI.) амруялдалъун ГIиса (гI.с.) гьавуралдаса 639 соналда. МухIаммад аварагас (с.т.гI.в.) Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабураб соналдаса (622) рикIкIуна исламияб календарь. Цо-цо бусурбабазул пачалихъазда гьижрияб календарь официалияблъун ккола, гьелдаса пайдаги босула. [1]
- МухІаррам*
- Сафар
- РабигІул-Аввал
- РабигІу Ссани
- Жумада ал-уля
- Жумада ас-сани
- Ражаб*
- ШагІбан
- Рамазан
- Шаввал
- Зул-КъагІда*
- Зул-ХІижжа*