ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъ, гьединго лъалеб КӀудияб рагъ абун ва цогидал цӀараздалъунги, — интернационалияб конфликт, жибги байбихьараб 1914 соналъул 28 юлалда ва лӀугӀараб 1918 соналъул 11 новембералда. Гьеб тӀибитӀана Европаялъул кӀудияб бутӀаялде, гьединго Россиялде, Цолъарал Штатазде ва Туркиялде, ва гьединго унеб букӀана ГӀагараб Машрикъалда, Африкаялда ва Азиялъул бутӀаялда. тарихалда бищун хвел цӀикӀкӀарал конфликтазул цояб, жиндир заманалда, кьурал къиматазда рекъон, рагъда 9 миллион чӀвараб, 5 миллионалдаса цӀикӀкӀун ватӀанчилъиял гӀадамал оккупация, бомбагъинаби, ракъи ва унтаби сабаблъун хвараб. ГӀусманияз гьабураб геноцид ва рагъул заманалъ комбатантазул багъа-бачариялъ тӀибитӀизабураб 1918 соналъул Испан гриппалъул пандемия сабаблъун тӀолго дунялалда хвана чанго миллион чи.
Краткие факты ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъ, Къо-моцІ ...
ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъ |
---|
СагӀтинухалда рекъон тӀаса байбихьун:
- Бапомалде нух Соммаялъул рагъел лӀугӀун хадуб, 1916
- Британ Mark V танкаби Гьинденбургил линия бахунел, 1918
- Халип:HMS гама тӀерхьин Дарданеллазда миналде тӀаде ккедал, 1915
- Британ Викерсил гулларечӀчӀалъул речӀчӀарухъаби газалде данде маскабигун Соммаялда рагъелалъул заманалда, 1916
- Герман Albatros D.III биплан-роржунал Дуэялда гӀагарлъухъ, Франсия, 1917
|
Къо-моцІ | 28 юл 1914 – 11 новембер 1918 (1914-07-28 – 1918-11-11) (4 years, 3 months and 2 weeks)
- Версалалъулаб къотӀи
Хъвана 28 юналда, 1919 (4 years and 11 months)[lower-alpha 1]
- Сен-Жермен-ан-Леялъулаб къотӀи
Хъвана 10 септембералда, 1919 (5 years, 1 month, 1 week and 6 days)
- Нейи-сюр-Сеналъулаб къотӀи
Хъвана 27 новембералда, 1919 (4 years, 1 month, 1 week and 6 days)[lower-alpha 2]
- Трианоналъулаб къотӀи
Хъвана 4 юналда, 1920 (5 years, 10 months and 1 week)
- Севралъулаб къотӀи
Хъвана 10 августалда, 1920 (6 years, 1 week and 6 days)[lower-alpha 3]
- Цолъарал Штатазул — Австриялъул ракълилаб къотӀи
Хъвана 24 августалда, 1921 (3 years, 8 months, 2 weeks and 3 days)[lower-alpha 4][lower-alpha 5]
- Цолъарал Штатазул — Германиялъул ракълилаб къотӀи
Хъвана 25 авсгусталда, 1921 (4 years, 4 months, 2 weeks and 5 days)[lower-alpha 6]
- Цолъарал Штатазул — Гьунгариялъул ракълилаб къотӀи
Хъвана 29 августалда, 1921 (3 years, 8 months, 3 weeks and 1 day)[lower-alpha 7]
- Лозаннаялъулаб къотӀи
Хъвана 24 юлалда, 1923 (8 years, 8 months, 3 weeks and 4 days)[lower-alpha 8]
|
---|
БакІ | Европа, Африка, ГӀагараб Машрикъ, ГӀодоцараб Океаналъул чӀинкӀиллъаби, Чин, Гьиндустаналъулаб Океан, Шималияб ва Жанубияб Атлантика |
---|
ХІасил |
Алянсалъул бергьенлъи |
---|
Территориалиял хиса-басиял |
Халип:Bulletlist |
---|
|
Къеркьеялъул рахъал |
---|
Алянсалъул КъуватӀлъаби:- Халип:Флаг / Лъабабилеб Паранс Республика
- Халип:Clist
- Халип:Flagdeco Россиялъул империя[lower-alpha 9]
(1917 соналъ-лъагӀан) - Халип:Флаг / Сербиялъул къиралат
- Халип:Флаг / Белгилъул къиралат
- Халип:Флаг / Япониялъул империя
- Халип:Флаг / Черногориялъул къиралат
- Халип:Флаг / Италиялъул къиралат (1915 соналдаса)
- Халип:Флаг / Цолъарал Штатал
(1917 соналдаса) - Халип:Флаг / Руманиялъул къиралат (1916 соналдаса)
- Халип:Флаг / Щуабилеб Португал Республика (1916) соналдаса
- Халип:Флаг / ХӀӀиджазалъул къиралат (1916)
- Халип:Флаг / Грециялъул къиралатe (1917 соналдаса)
- Халип:Flagdeco Siam (1917 соналдаса)
- Халип:Flagicon/Чиналъул республика (1912–1949) Чин (1917 соналдаса)
- ... ва цогидал
|
Централиял къуватлъаби:
- Халип:Флаг / Германиялъул империя
- Халип:Флаг / Австриягин Гьунгария
- Халип:Флаг / ГӀусманияб империя
- Халип:Флаг / Булгариялъул къиралат (1915 соналдаса)
- ... во цогиял
|
Командирзаби ва церехъаби |
---|
- Халип:Flagicon/French Third Republic Раймонд Пуанкаре
- Халип:Flagicon/French Third Republic Жорж Клемансо
- Халип:Flagicon/United Kingdom of Great Britain and Ireland Георг V
- Халип:Flagicon/United Kingdom of Great Britain and Ireland H. H. Asquith
- Халип:Flagicon/United Kingdom of Great Britain and Ireland Дэвид Ллойд Джорджe
- Халип:Flagdeco Николай IIХалип:Executed
- Халип:Flagicon/Russian Republic Georgy Lvov
- Халип:Flagicon/Russian Republic Alexander Kerensky
- Халип:Flagicon/Kingdom of Italy Victor Emmanuel III
- Халип:Flagicon/Kingdom of Italy Vittorio Orlando
- Халип:Flagicon/United States Woodrow Wilson
- Халип:Flagicon/Empire of Japan Emperor Taishō
- Халип:Flagicon/Belgium Albert I
- Халип:Flagicon/Kingdom of Serbia Peter I
- Халип:Flagicon/Kingdom of Romania Ferdinand I
and others ...
|
- Халип:Flagicon/German Empire Wilhelm II
- Халип:Flagicon/Austria-Hungary Franz Joseph I[lower-alpha 10]
- Халип:Flagicon/Austria-Hungary Karl I
- Халип:Flagicon/Ottoman Empire Mehmed V[lower-alpha 11]
- Халип:Flagicon/Ottoman Empire Mehmed VI
- Халип:Flagicon/Ottoman Empire Three Pashas
- Халип:Flagicon/Kingdom of Bulgaria Ferdinand I
and others ...
|
Къуват |
---|
Кинавниги: 42,928,000 чи[1]
- Халип:Flagdeco 12,000,000
- Халип:Flagicon/French Third Republic 8,660,000[lower-alpha 12]
- Халип:Flagicon/British Empire 5,839,000[lower-alpha 13]
- Халип:Flagicon/Kingdom of Italy 5,093,000
- Халип:Flagicon/United States 4,744,000
- Халип:Flagicon/British Raj 1,680,000
- Халип:Flagicon/Kingdom of Romania 1,234,000
- Халип:Flagicon/Empire of Japan 800,000
- Халип:Flagicon/Kingdom of Serbia 707,000
- Халип:Flagicon/Canada 629,000
- Халип:Flagicon/Australia 417,000
- Халип:Flagicon/Belgium 380,000
- Халип:Flagicon/Kingdom of Greece 230,000
- Халип:Flagicon/First Portuguese Republic 200,000
- Халип:Flagicon/Union of South Africa 136,000
- Халип:Flagicon/Dominion of New Zealand 129,000
- Халип:Flagicon/Kingdom of Montenegro 50,000
- Халип:Flagicon/Kingdom of Hejaz 50,000
|
Кинаниги: 25,248,000 чи[1]
- Халип:Flagicon/German Empire 13,250,000
- Халип:Flagicon/Austria-Hungary 7,800,000
- Халип:Flagicon/Ottoman Empire 2,998,000
- Халип:Flagicon/Kingdom of Bulgaria 1,200,000
|
68,176,000 чи (Кинавнги гӀаммго) |
Къурбанал ва камиял |
---|
- Рагъда хварал: 5,525,000
- Рагъда лӀукъарал: 12,832,000
- Кинавниги: 18,357,000 KIA, WIA ва MIA
- ВатӀанчагӀазул: 4,000,000
тӀадеги деталал ...
Рагъда хварал пачалихъазда рекъон:[2][3]
- Халип:Flagdeco 1,811,000
- Халип:Flagicon/French Third Republic 1,398,000
- Халип:Flagicon/British Empire 1,115,000
- Халип:Flagicon/Kingdom of Italy 651,000
- Халип:Flagicon/Kingdom of Romania 250,000–335,000
- Халип:Flagicon/Kingdom of Serbia 275,000
- Халип:Flagicon/United States 117,000
- Халип:Flagicon/Belgium 59,000–88,000
- Халип:Flagicon/Kingdom of Greece 26,000
- Халип:Flagicon/First Portuguese Republic 7,000
- Халип:Flagicon/Kingdom of Montenegro 3,000
- Халип:Flagicon/Empire of Japan <1,000
|
- Рагъда хварал: 4,386,000
- Рагъда лӀукъарал: 8,388,000
- Кинавниги: 12,774,000 KIA, WIA and MIA
- ВатӀанчагӀазул: 3,700,000
тӀадеги деталал ...
Рагъда хварал пачалихъазда рекъон:[2]
- Халип:Flagicon/German Empire 2,051,000
- Халип:Flagicon/Austria-Hungary 1,200,000
- Халип:Flagicon/Ottoman Empire 772,000
- Халип:Flagicon/Kingdom of Bulgaria 88,000
|
Закрыть
Халип:Campaignbox World War I
1914 соналъ КӀудиял къуватлъаби рикьун рукӀана цоцаде данде чӀараб кӀиго алянсалде: Лъабгоязул Антанта, жинда гъорлӀ КӀудияб Британия, Франсия ва Россия ругеб, ва Лъабгоязул Алянс, Германиялдасаги, Австриягин Гьунгариялдасаги, Италиялдасаги гӀуцӀараб. Балкъаназда букӀараб хӀалуцин ботӀроде бахана 1914 соналъул 28 юналда Босниялдаса сербав Гаврило Принципица Австриягин Гьунгариялъул варисав, эрцгерцог Франц Фердинанд чӀван хадуб. Австриягин Гьунгариялъ гӀайиб гӀунтӀизабуна Сербиялде, ва цоцада рухьарал алянсаз къуватлъаби цӀана дипломатиял дандрайиязул сериялде, жал юлалъул кризис абун лъалел. Австриягин Гьунгариялъ рагъ лъазабуна Сербиялда; Россия бахъана Сербия цӀунизе, в 4 августалде конфликт тӀибитӀана Германиялде, Парансалде ва КӀудияб Британиялде гьезул колониалиял империялгун цадахъ. Новембералда ГӀусманияб империялъги, Германиялъги Австриялъги гӀуцӀана Централиял къуватлъаби, 1915 соналъул априлалда абуни Италия (жиб Централиял къуватлъабазул цояб букӀараб) ана КӀудияб Британиялъулги, Франсиялъулги, Россиялъулги, Сербиялъулги рахъалде Алянсалъул къуватлъи хӀисабалда.
КӀиго фронталда рагъда цебе 1914 соналъ германиязул стратегия, Шлиффенил план абун жиндир цӀар араб, букӀана цин Франсиялда тӀад бергьенлъи босизе, хадур жидерго къуватал бакъбаккуде рехизе ва Россия рагъулӀа бахъизе. Гьелъул жо ккечӀо Франсиялде цереин Марнаялда чӀезабиялъ; 1914 соналъул ахиралде кӀиябго рахъ цоцаде данде чӀун букӀана бакътӀерхьул фронталда — гьеб букӀана Ла-Маншалдаса Швейцариялде щвезегӀан халатбахъараб траншеязулаб мухъ, жиб 1917 соналде щвезегӀанги кӀудияб хисичӀеб. Гьелде дандеккун, бакъбаккул фронт букӀана хисардулеб: Австриягин Гьунгариялъ ва Россиялъ цин рахъулел рукӀана чӀахӀиял территориял, хадур гьел гьезухъа унел рукӀана. Цогидал кӀвар бугел театразда гъорлӀе унел рукӀана ГӀагараб Машрикъ, Алпазулаб фронт ва Балкъанал, рагъулӀе Булгарияги, Руманияги, Грецияги цӀан.
Алянсалъ рагъулабгин ралъдалаб блокада лъеялъ лӀугьараб дефицит сабаблъун, 1917 соналъул авалалда Германиялъ гӀорхъи гьечӀеб лъекьаб рагъ байбихьана, гьелъул хӀасилалда 1917 соналъул 6 априлалда церегӀан нейтралиял рукӀарал Цолъарал Штататал рагъулӀе лӀугьана. 1917-лъул Октобералъул революциялъул хӀасилалда Россиялда хӀакимлъм бахъана болшевиказ ва рекъел хъвана 1918 соналъул марталда Брест-Литовскалда хъвараб сепаратияб къотӀиялда рекъон, гьелдалъун германиязул аскаразул кӀудияб къадар эркенлъана бакъбаккул фронталдаса. Гьел бакътӀерхьул фронталде реххулаго, Германиялъул генералияб штабалъул хьул букӀана тӀубан бергьенлъи босизе, американ кумекалъ рагъалъел иналде асар гьабилалде, ва гьез байбихьана германиязул ихдалилаб гьужум 1918 соналъул марталда. Байбихьуда битӀ ккканиги, кватӀичӀого гьеб чӀчӀезабуна захӀматал камиязги ачуяб дандечӀеялъги; августалда алянсчагӀаз байбихьана нускъойил гьужум, германиязул аскар хӀалуцун данде чӀолеб букӀаниги, гьелда тӀокӀаб кӀвечӀо гьезул тӀаде рачӀин чӀезабизе.
1918 соналъул ахиралда Централиял къуватлъабаз байбихьана рикьа-риххун ине; 29 септембералда Булгариялъ хъвана рекъел, 31 октобералъ — гӀусманияз, 3 новембералъ абуни — Австриягин Гьунгариялъ. Живго цо ххутӀарав, рокъоб революциягун ва аскар питнадиналда хӀинкъараб хӀалгун дандчӀварав Вилгьелм кайзерас инкар гьабуна тахидаса 9 новембералда, ва цӀияб герман хӀукуматалъ заманалъе рекъел хъвана 1919 соналъул 11 новембералда, рагъелазе ахирги лъун. 1919-лъул Парижалъулаб ракълилаб конференциялъ къурал къуватлъабазда хъвазаруна батӀи-батӀиял къотӀи-къаял, жидер бищун цӀар араблъун Версалалъулаб къотӀи букӀараб. Россиялъул, Германиялъул, ГӀусманиязул ва Австриягин Гьунгариялъул империял риххиялъ лӀугьана гӀемерал революциял, гӀуцӀана чиядарачӀел пачалихъал, гьезда гъорлӀ Полша, Чехословакия ва Югославия. Жакъа къоялъги тӀасан бахӀс бугел гӀиллаби, рагъазда гьоркьоб периодалъ баккараб хисарди инабизе бажарунгутӀи сабаблъана КӀиабилеб дунялалъулаб рагъ байбихьиялъе 1939 соналъ.