Романиял мацӀал
From Wikipedia, the free encyclopedia
Романиял мацӀал, цо-цо жидеда Латин мацӀал яги Нео-латин мацӀал абулел, ккола вулгарияб латиналдаса лӀугьарал гьанжесел мацӀазул тӀел.[1] Гьел руго гьиндгин европиял мацӀазул хъизаналда италиял мацӀазул цохӀого цо цӀунун хутӀараб гъоркькъокъалъун.
Романиял | |
---|---|
Географияб тӀибитӀи | Латиялда, Жанубияб, БакътӀерхьул ва Бакъбаккул Европаялда раккарал; жакъа къоялъ хӀалтӀизарула Америкаялъул пачалихъазул цӀикӀкӀанисезда, Африкаялъул, Жанубиябгин Бакъбаккул Азиялъул ва Океаниялъул бутӀабазда |
Лингвистикияб классификация | Индо-европиял
|
Цесел формаби | Прото-Гьиндо-Европияб
|
Инс-мацӀ | Прото-романияб |
Гъоркьрикьи |
|
ISO 639-2 / 5 | roa |
Linguasphere | 51- (phylozone) |
Glottolog | roma1334 |
Европаялда романиял мацӀал | |
Дунялалда романиял мацӀал ЦӀиккӀанисезул рахьдал мацӀ
Цадахъ-официалияб ва цӀиккӀанисезул рахьдал мацӀ
Официалияб амма дагьазул мацӀ
Култураялъул ва кӀиабилеб мацӀ |
ТӀолго Ракьалда романиял мацӀал рахьдалаблъун кколезул къадар буго 900 миллионалдаса цӀикӀкӀун, аслияб къагӀидаялъ Америкабазда, Европаялда, ва Африкаялъул бутӀаялда. Аслияб романиял мацӀазда гьединго кӀалъала гьел рахьдалалъун кколарел гӀемерал гӀадамалги, ва гьел мацӀал хӀалтӀизарула лингва франка хӀисабалдаги.[2]
Континуумалда ругел мацӀал гӀадал феноменазе къвакӀараб категория кьезе захӀмалъулелъул, гьанжесел романиял мацӀазул рикӀкӀеналъе къимат кьей буго батӀи-батӀияб. Мисалалъе, Далбица рехсолеб буго 23, цоцадричӀчӀиялъул критериялги кьочӀое росун. ГъоркьегӀан кьун руго гьелги цогидалги гьанжесел мацӀал, жал чӀагоял, ва гьединго цо хвараб, далмат мацӀги:[3]
- Ибергин романиял: португал/галис, астурлеони/миранди, испан, арагони, ладино;
- Окситангин романиял: каталан/валенс, окситан (lenga d'oc), гаскони (цо-цо рикӀкӀуна окситан мацӀалъул бутӀалъунги);
- Галлгин романиял: Паранс/оил мацӀал, парансгин провансал (арпит);
- Рето-романиял: романш, ладин, фриул;
- Галлгин италиял: пиемонти, лигур, ломбард, эмил, романйол;
- Венети (классификация буго бахӀсияб);
- Италгин далматиял: итал (тоскан, корсик, Сассариз, централияб итал), сицил/жанубияб итал, неаполи/жанубияб итал, далмат (тӀагаӀана 1898), истриот;
- Бакъбаккул романиял: руман, аруман, меглено-руман, истро-руман;
- Сардин.