Орландоялда чӀвай-хъвей
From Wikipedia, the free encyclopedia
Орландоялда чІвай-хъвей - ккола 2016 соналъул 12 июналъ АЦШялъул Флорида штаталъул Орландо шагьаралда ккараб чІвай-хъвей. 29-сонил гІумруялъул Америкалъул ватІанчи ГІумар Матиница Pulse абураб гей-клубалда автоматалъ речІчІун чІвана чанго чи, цинги гъоркьлъалие росана хутІарал гьенир рукІарал гІадатлъун билълъинчІеб балагьиялъул гІадамал. РечІчІиялъул хІасилалда чІвана 50 чи, ва 53-ялдаса цІикІкІун лъукъана. Хадубккун гьеб бакІалде рачІарал полициялъулазулгун ккараб цоцаде кьвагьдеялъул хІасилалда гьужум гьабурав чІвана ва асирлъун ккун рукІарал гомосексуалал эркен гьаруна[1][2][3].
Гьаб 20160612 бицен гьабун буго гьанжесел лъугьа-бахъиназул. Гьанир ругел магІлуматал хисизе бегьула, цІи-цІиял лъарал жалазда рекъон. Нужеца цІалулеб 20160612 ккола 12:44 05 январ 2023 тарихалда жиб гІуцІараб(UTC). (хисизабизе) |
Краткие факты
АЦШ АЦШ, Флорида штат, Орландо, Pulse гей-клуб |
|
клубалде рачІарал геял | |
2016 соналъул 12 июнь 2:00 — 5:00 (EDT) |
|
кьвагьдей, гъоркьлъалие кквей | |
50 | |
53 | |
3 | |
ГІумар Матин |
Закрыть
Орландоялда ккараб чІвай-хъвей лъугьана Америкалъул тарихалда жаниб бищун цІикІкІун гІадамазул рухІ босараб чІвай-хъвейлъун[4][5][6].