Килиманджаро (мегӀер)
From Wikipedia, the free encyclopedia
Гьаб топонималъул руго цогидал магӀнабиги, ралагье: Килиманджаро (магӀнаби).
Килиманджаро — Африкаялъул бищун кӀудияб ва кьижараб стратовулкан, жибги Танзаниялъул шималиябгин бакбаккуда бугеб. Гьелъул буго лъабго вулканияб конус: Кибо, Мавензи, ва Шира. Гьеб ккола Африкаялъул бищун борхатаб ва жибго чӀараб ралъдал гьумералдаса бищун борхатаб мегӀерлъун: 5895 м ралъдал гьумералдаса ва гӀ-ш. 4900 м жиб бугеб Масаи тӀалъиялъул аххадаса.
Краткие факты Килиманджаро, Бищун борхатаб бакӀ ...
Килиманджаро | |
---|---|
суахили Kilimanjaro | |
Бищун борхатаб бакӀ | |
Абсолютияб борхалъи | 5881[1] м |
Дандеккураб борхалъи | 5885 Метр[2] |
Изоляция | 5510 км |
Геология | |
ГьецӀоялъул ригь | 4 миллион сон |
МугӀрузул тайпа | Стратовулкан |
Ахирисеб бури | 150–200 азарго соналъ цебе |
ТӀадерахин | |
ТӀоцебесеб тӀадерахин | 6 октобер 1889 (Гьанс Мейер ва Людвиг Пуртшеллер) |
Бищун бигьаяб нух | Лъелаб |
Локация | |
3°04′00″ ж. гӀ. 37°21′33″ бб. х.HGЯO | |
Пачалихъ |
|
МугӀрузул ситема | Бакъбакккул Рифталъул мугӀрул |
Бал яги массив | Бакъбаккул Африкаялъул тӀалъи |
Медиафайлал Викигъамасалда |
Закрыть
Килиманджаро ккола Ракьалда ругел тӀогьазул топографияб кӀвар рахъалъ ункъабилеб тӀогьлъун. Гьеб буго Килиманджаро националияб паркалъул бутӀа ва лъелал спаразул ва кьурабалӀхариналъул аслияб бакӀ. Дагьлъун унел ругел цӀорол ва гӀаздал тӀогьал, жал прогнозазда рекъон 2025 ва 2035 соназда гьоркьор тӀагӀине ругел, сабаблъун, Килиманджаро лӀугьана гӀемерал цӀех-рехелазул объектлъун.